Вацлъиялъул хобал, занал тIад гьечIел, Руччаби унаро гьенир гIодизе. ТIогьол квацIи лъола лъицаялиго Ва Абадияб цIа бакула гьениб. Бомбабаз букIана гьобогьун гьаб ракь, Гьанже мармаралъул къанал лъун руго. БатIаго цоясул къисмат гуро гьаб, Киназулго къисмат цолъарал хобал. Абадияб цIаялъ рихьизарула РухIулел минаби, цIа гваргъараб танк, ЦIадулъ Смоленск шагьар, бухIулеб рейхстаг Ва рагъухъанасул цIа рекIараб ракI. Гьенир гIодуларо къорол руччаби, КъвакIи бугел рачIун, къулула бетIер. Къаданир заналги гьечIо рихьулел, Гьелдалъун нилъее бигьалъи бугищ?
© Магомедкамиль Гимбатов. Таржама, 2014