Дагьалъ мехтарав Рохь ккун унев дун Жеги свакачIев, Сарин бачунев. ГIантаб кечI буго Копой ахIулеб: «Дий рокьулаан ЧIегIерал берал...» Цин сасун, цин рортун, цин юргъа бачун, Чуяца хьуцIил хIарщ гьурмалъ речIчIула. Чороклъи хIацIугун дица къулчIула. Шишида кIалги бан, жеги ахIула: «ЧIегIерал берал Дий рокьулаан...» Амма лъугIана Шишиниб чагъир. БетIер хьвагIана, Хьибил хъасана. Сверухъ балагьун, Берал риххана: Цебе рохь къед гIадин. Чара бухIарал Чуял гIундулги къан, нахъе гьункьула. Ине сухъмахъ гьечIо, ине нух гьечIо, Гьалагаб заз цIоб тун чорхолъ хIунсулеб. Хириял чуял, Чарлъулел щай нуж? ЩанкIлал берцинал, Чучлъулел щай нуж? Чвахулеб цIадал ЦIекIаб хвалил махI! ЦIалтараб чода БацIалъ кIал бана. Гьакълил берал цIурав, вай гIадалав дун! ГIажалалъ тункана, кинан ворчIилев? Дир цIахIилаб айгъир - дир кагътазул туз, - Мун танкун, хутIила дие цохIо хвел! АхIула бацIазде "ТIаса рачадал!" Чуял лъутула Лъухъаб рохьосан. ХьвагIулеб цIалал ЦIоб тарал горал. Дица ахIула: «ЧIегIерал берал!..» Пенхъеди, хIихIиди, тIукъбузул тIваркъи, ТIурулел чуязул зваркъолел цIурмал. Вай, дир чуял дица хъамал гьарурал, Хъаме нужеца дун балагьалдаса! Хадурлъугьиналъ Дагьалъ вигьана. Борхатаб гохIде Гурун рахана. Полпиххарал ниж НакIкIлъун чвахана. Чара хварал ниж Чапун сасана. Дун хвасар гьарурал чурхъарал чуял, Чучун мугъгун нужой бетIер къулула. Гьоко тIадагь гьабун, чIолорхъо биччан, ЧIаго хутIаралъухъ баркала кьола!                
© Рабадан МухIамадовасул. Таржама, 2017