Гьаб щиб согIаб рукъ Сардилъ бахчараб? Балагьал гьураз Гьин гъун гъанкъараб? Киналго гордал КIкIалахъ руссарал, Рагьу абуни - Бол шагьранухде? Огь, свакарав дица чол къвал чучана. Чи вугищ чIагояв? Вахъа квербакъе! Кибго сас тун... ЦохIо рагIад паркъула, Пирилъун хъарчигъа гIодоб бортула. Гьав дун рещтIарав Рукъ - ашбаз гIадин. ГIалам абуни - Агьлу тушманаб. Тохал гьалбазул Гьодал рекила. РукIалил букIнахъ - БецIал суратал. Ва ккана дир гьаниб хIикматаб кIалъай. КIвекIун гитарагун ахIула цояс... Цогидас - гIабдалав, гIантав хъачагъас Хъатикь ккун, гъоркьан нус бихьизабуна. «Лъица бицинеб Лъил рукъ гьаб кколеб? Ккалги чIван махIилъ Мина щай бугеб? Чирахъал гьечIо, Гьава гIоларо. ГIумру гьабизе КIочIонищ ругел? НуцIби рагьаниги - ракIал рахарал, Ригьил бетIергьан щив? ТIея дий чагъир!» Данде жаваб: «Нухда гIумруйищ араб? ГIасруялъ руго ниж ракьалда гьадин. Хер-тIамах квине Куцарал руго, РакIал цIекIлъана, ЦIинкрал гьурмада. Чагъир-гIаракъи ГIемер гьекъана. Гьерсал рицана, Рукъзал чIунтIана». «БацIаздаса чоца хвасарги гьавун, Гьанив щварав дие бицунареб щай - Щиб ракьалда ругел чирахъал гвангъун, Гордалги рацIцIадал, ракIал рагьарал?» «Гьединал рукъзал РагIун рукIинчIо. РагIдукь ва бецIлъукь Бакъго бихьичIо. Гьаруралдаса Гьаглъи камичIо. Какал раларо, Лъавуда гьечIо». Ва хъамуна дица цIалги кьабун чу, Чороклъи-хъублъи тун, бер балагьухъе. Берцинал гIадамаз, гIадамал гIадин, ГIумру гьабулеб бакI бихьизе бокьун. ...Араб щинаб щиб, тарабщинаб щиб! Щущана саназ - щущан вахъинчIо! Ва нужой хъвараб лъугьанадай кечI - ЧIегIерал берал, хъахIаб дастархан?
© Рабадан МухIамадовасул. Таржама, 2017