ХIурматиял гIалимзаби, доцентал кандидаталгун! Кара биххун нуж иксалгун, инжитлъун квешго нулалгун. Атомазде молекулал рикьулаго нуж рукIадго, КIочIониш тараб хурзабахъ картошка турулеб букIин? Ккалал бальзам гьабизеян хIал бихьIулел нуж рагIула, Квадратный корень бахъула копое анцIул къо рикIкIун, - ВахIай, нуж расандилаго, вахIай, нуж гогьдарилаго, Ккал рекIун пасалъилариш жеги кьолбодаго бачIин. Сходниялде рачIа автобусалъ нуж, Гьениса гьелила, - къотIе зигарди! Картошкадул хIурмат гьабула щивас, Мохмох цадахъ буцун, кIвекIизе щвани. Европа континенталда цIаруе нуж машгьурлъила Машгъуллъани нуж булдузде, гьеле нужер патриотизм, - У ха, къокъагун тIаделъун, гьорой багьаниде босун, Гьаби хъвехъулин нужоца, - хъачагълъи буго гьелда цIар! ХIурматиял гIалимзаби, лъугIизе те нусаздарагъ, Рехун тезин хIалбихьиял, гидридалгин ангидридал: Рахе полуторкабазде, параялъ щва Тамбовалде, - Те гамма-излучение нахъбахъун, кибго инарин. Тамбовалде рачIа полуторкабаз, Гьениса гьелила, - къотIе зигарди! Картошкадул хIурмат гьабула щивас, Мохмох цадахъ буцун, кIвекIизе щвани. Бегьула цадахъ рукъцоял, гьудулзаби, лъалел чагIи, Киназего бакI батила, - хадуб нужеца абила: Бокьараб ккайги геназе, геназе-хромосомазе, Кутакалда нилъ хIалтIана, хIухь бахъила лъикI гьединго! ХIурматиял гIалимзаби, къимат бергьарал Эйнштейнал, Бищун хириял Ньютонал, рекIее гIолел, рокьулел! Амма абулеб рагIана, ракьуе панадуниял БатIалъи букIунарилан: апатит букIа, рак букIа. Сходниялде рачIа автобусалъ нуж, Гьениса гьелила, - къотIе зигарди! Картошкадул хIурмат гьабула щивас, Мохмох цадахъ буцун, кIвекIизе щвани. РачIа нижехъе рекIелел, мухъид гьарун, коллонабаз, Химикал нуж ратаниги, гьечIин нужее ГIисал хъанч, Гьава гIечIого гъанкъула нуж синхрофазотроналда, Нижехъ абуни бацIцIадаб, баркат гIемераб тIабигIат! ХIурматиял гIалимзаби, васвасдуге нуж, гIагарал, Щиб лъалеб гIелмул кьералда лъалареб хIужа батани, ЦIакъ хехго тIаде гIунтIила, булдул ва лъундул росун ниж, МухIканго дагьалъ ургъила - ва гъая битIизабила! Тамбовалде рачIа автобусалъ нуж, Гьениса гьелила, - къотIе зигарди! Картошкадул хIурмат гьабула щивас, Мохмох цадахъ буцун, кIвекIизе щвани.                
© Рабадан МухIамадовасул. Таржама, 2017